-
|Marcos 13:1| ГІиса Мукъадасаб Рокъоса къватІиве лъугьиндал, гьесул цо муридас гьесда абуна: - Я МугІалим! Гьал къадазулъ лъурал ганчІазул чІахІалъи, гьаб минаялъул кІодолъи!
-
-
-
|Marcos 13:2| Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна: - Гьаб кІудияб кІалгІа бихьулагури дуда? ГанчІида лъураб цониги гамачІ хутІиларо гьаниб кІалагъоркье чІвачІого.
-
-
-
|Marcos 13:3| Мукъадасаб Рукъалда дандбитІухъе, Зайтуналъул магІарда гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, батІаго гьесда аскІоре рачІун, Пётрицаги, Якъубицаги, Иоанницаги, Андрейицаги гьарана:
-
-
-
|Marcos 13:4| - Гьаб дуца абулеб бугебщинаб иш кида лъугьине бугебали ва гьеб лъугьинехъин букІиналъе кинаб гІаламат загьирлъизе бугебалиги бице нижеда.
-
-
-
|Marcos 13:5| Гьезие жаваб гьабун, ГІисаца байбихьана: - Воре, цо лъицаниги къосинаризе гурин нуж!
-
-
-
|Marcos 13:6| Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан абун вачІунев чи. Чангиял гьез къосинаризеги руго.
-
-
-
|Marcos 13:7| Рагъал ккун ругилан ва ккезехъинги ругилан рагІани, гьелдаса нуж хІинкъуге. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, ва гьеб жеги ахирзаман гуро.
-
-
-
|Marcos 13:8| Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. БакІ-бакІалда ракь багъарила, ракъи баккила. Гьеб ккола лъимер гьабизе хІара чІваялъул гІадинаб унтиялъул байбихьи.
-
-
-
|Marcos 13:9| Нужеца нужеего гІамал гьабе: щаян абуни, дун сабаблъун нуж судалде ахІила, синагогабазухъе рачун рухила, наибзабазда ва парччахІзабазда цере чІезарила, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе.
-
-
-
|Marcos 13:10| Амма ахирзаман тІаде щвелалде киналго халкъазда Рохалил хабар лъазабун букІина.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
