-
|Marcos 5:1| Гьале гьал щвана Галилеялъул ралъдал добаб рахъалда бугеб герасеназул улкаялде.
-
-
-
|Marcos 5:2| ГІиса ракъдаде рещтІараб мехалъ, цойидасанго гьесда дандчІвана хабалазул нохъаздаса къватІиве вачІунев хъубал жундуз ккурав цо чи.
-
-
-
|Marcos 5:3| Гьениб хабалазухъ букІана гьесул чІейи, ва гьанже щивниги вукІинчІо рахас бан гьев вухьине кІолев чи.
-
-
-
|Marcos 5:4| Кверазда рахсал ран, бохдузда маххал ран, чанцІулго вухь-вухьана гІадамаз гьев, амма рахсалги гьес тІутІун ралаан, маххалги гъурун рехулаан. Лъиданиги кІолеб букІинчІо гьев квегъизе.
-
-
-
|Marcos 5:5| Къасиги къадги - кидаго гохІал, нохъал тирулаго ахІдолев-чІчІичІчІидулев вукІунаан гьев, ганчІазда тункун лъурал ругъназул цІун черхги букІунаан.
-
-
-
|Marcos 5:6| РикІкІадасанго ГІиса вихьидал, векерун вачІун гьев гьасда цеве кІалагъоркье речІчІана
-
-
-
|Marcos 5:7| ва ахІдезе лъугьана: - ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса! Щиб дуе дидасан къваригІараб? Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дуда, дие гІазаб кьоге! - ян.
-
-
-
|Marcos 5:8| (ГІисаца шайтІаналъе амру гьабун букІиндалха гьесул чорхолъа къватІибе лъугьаян.)
-
-
-
|Marcos 5:9| Цинги ГІисаца гьикъана дуда цІар щибилан. Жаваб кьуна: - «Бо» буго дида цІар. Щайгурелъул ниж гІемерал руго гьанир.
-
-
-
|Marcos 5:10| Цинги ГІисада цІакъ гьардезе лъугьана, гьаб улкаялдаса жал нахъе гъогейилан.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
