-
|Marcos 2:1| Чанго къоялдасан ГІиса нахъеги Капернаумалде вачІана. ГьебсагІат гІадамазда лъана гьев рокъове тІадвуссун вукІин.
-
-
-
|Marcos 2:2| Гьесухъе бачІараб халкъалъул гІемерлъиялъ нуцІикІалтІацин хутІун букІинчІо гІадамазе чІезе бакІ. Гьезие Рохалил хабар бицунев вукІана ГІиса.
-
-
-
|Marcos 2:3| Гьебмехалъ ункъояс восун гьениве вачІана палижалъ ккурав цо чи.
-
-
-
|Marcos 2:4| КІалтІе ракІарун рукІарал гІадамазул гІемерлъиялъ ГІисада аскІове восизе санагІат ккечІелъул, гьев вугеб рукъалъул тІохги бичун, гьениса гъоркье биччазе ккана унтарав тІад лъураб турут.
-
-
-
|Marcos 2:5| Гьел гІадамазул божи бихьун, ГІисаца унтарасда абуна: - Мунагьаздаса вацІцІалъана, дир вас, мун!
-
-
-
|Marcos 2:6| Гьенир гІодор чІун рукІарал цо-цо диниял гІалимзабаз пикру гьабуна:
-
-
-
|Marcos 2:7| «Аллагьасде гІасилъунцин гурищ гьав вугев? ГІицІго Аллагьасда гурони, лъида кІолеб инсанасул мунагь чуризе?»
-
-
-
|Marcos 2:8| ГІисада гьебсагІат лъана жиндир хІакъалъулъ гьезул гьединал пикраби рукІин. Гьездехун вуссун, ГІисаца абуна: - Щай нужеца нужерго рекІелъе гьединал пикраби риччалел?
-
-
-
|Marcos 2:9| Кинаб бигьаяб: унтарасда «Мун мунагьаздаса вацІцІалъанилан» абизейищ, яги «ТІаде вахъун, дурго турутги босун, вилълъанхъейилан» абизейищ?
-
-
-
|Marcos 2:10| Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе, - янги абун, ГІиса унтарасдехун вуссана: -
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
