-
|Marcos 1:1| Аллагьасул вас ГІиса МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар гьадин байбихьулеб буго.
-
-
-
|Marcos 1:2| Ишая аварагасул тІехьалда ругел Аллагьасул рагІаби ритІухълъана: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев»;
-
-
-
|Marcos 1:3| «Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: - БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!»
-
-
-
|Marcos 1:4| Гьедин вачІана ЯхІя авараг авлахъалде. Нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес.
-
-
-
|Marcos 1:5| Гьесухъе бачІунеб букІана Ягьудиялъул улка-ракьалъулги Иерусалималъулги тІолабго халкъ. Жидерго мунагьал рехсон хадуб, Аллагьасде руссун, гьезул мунагьал чуризе Иордан гІурул лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца гІадамал.
-
-
-
|Marcos 1:6| РетІунеб ретІелги ЯхІял варанидул квасул букІана, рачлихъ борчунги букІана хьвацІил рачел. Гьес кваналеб жоги букІана гарцІги гІалхул гьоцІоги.
-
-
-
|Marcos 1:7| Гьес гІадамазда лъазабулеб букІана: - Дида хадувго вачІунев вуго дидаса гІемерго къудрат цІикІкІарав. ГІодове къулун гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун.
-
-
-
|Marcos 1:8| Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьаруна дица нуж. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун.
-
-
-
|Marcos 1:9| Гьел къоязда Галилеялъул Назарет шагьаралдаса гьениве вачІарав ГІисаги Иордан гІурул лъадалъ ччун вахъана ЯхІяца.
-
-
-
|Marcos 1:10| ГІиса лъадалъа къватІиве лъугьунаго, бихьана гьеб лахІзаталда, зобалги кІирикьизарун, Илагьияб РухІ, миккидул сураталда боржун бачІун, гьесухъе рещтІунеб.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
