-
|Marcos 1:31| АскІове ун, ГІисаца гьей, кверги ккун, йорхизаюла. ЦІа-канги ун, якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьуна.
-
-
-
|Marcos 1:32| Бакъ тІерхьун, маркІачІубер рукІкІарабго, киналго унтаралги хъубал жундуз ккуралги рачІана ГІисахъе рачун.
-
-
-
|Marcos 1:33| ТІолабго шагьар бакІарун букІана гьеб сордоялъ Симонил кавудахъе.
-
-
-
|Marcos 1:34| ГІисаца сах гьаруна батІи-батІияб гІузруялъ унтарал гІемерал гІадамал. Чанги чиясул чорхолъа бачахъана хъубаб жен. Гьес хъубал жундул кІалъазе риччалароан, гьезда лъалеб букІиндалха гьев щивали.
-
-
-
|Marcos 1:35| Нахъисеб къоялъ хъахІлъи барабго тІадеги вахъун, ГІисаца нух босана гІадан-чи гьечІеб бакІалде ва гьенив Аллагьасе гьари-дугІаялде вуссун чІана.
-
-
-
|Marcos 1:36| Гьесул лъалкІда хадур рахъарал Симонидаги гьасда цадахъ рукІараздаги ватана ГІиса.
-
-
-
|Marcos 1:37| ГІисада гьез абуна киналго мун валагьулел ругилан.
-
-
-
|Marcos 1:38| ГІисаца гьезда абуна: - Рилълъа сверухъ ругел росабалъе ва шагьаразде, гьенибги халкъалъе Рохалил хабар бицине ккола дица. Гьелъие гІололъидалха дун гьаниве вачІарав.
-
-
-
|Marcos 1:39| ТІолабго Галилеялъул ракьалде щун, синагогабазде ун, гІадамазе вагІза гьабуна гьес ва чангиязул чурхдулъа жундул рачахъана.
-
-
-
|Marcos 1:40| Барасалъ унтарав цо чи вачІана ГІисахъе ва накабазда чІун гьардезе лъугьана: - Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе!
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
