-
|Mateo 26:1| Гьеб хабар бицун лъугІараб мехалъ, жиндирго муридазда ГІисаца абуна:
-
-
-
|Mateo 26:2| - Нужеда лъалаха кІиго къоялдасан Пасхаялъул байрам букІине бугеблъи. Гьеб къоялъ ГІадамил Лъимадуе хилиплъизе руго ва гьев хъанчида вазе вуго.
-
-
-
|Mateo 26:3| Кайафа абун жинда цІар бугев бищунго кІудияв кашишасул кІалгІаялъуре данделъун рукІана гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги.
-
-
-
|Mateo 26:4| Гьез хІукму гьабуна, хІилла-рекІкІалдалъун кквезеги ккун, ГІиса чІвазавизе кколилан.
-
-
-
|Mateo 26:5| Амма байрамалъул къоялъ бегьиларин, халкъалъул дандечІей багъаризе бегьулилан абулеб букІана гьез.
-
-
-
|Mateo 26:6| Барасалъ унтарав Симон абулев чиясул бакІалда Бетаниялда кваназе гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ,
-
-
-
|Mateo 26:7| цІакъ къиматаб ва бацІцІадаб махІгьуинаб нахул цІураб щагІил сурахІиги босун ячІарай цо пуланай чІужугІаданалъ, гьеб гьесул ботІроде чІехьола.
-
-
-
|Mateo 26:8| Гьеб бихьараб мехалъ, ГІисал муридазул ццин бахъана: - Щай гьабгощинаб нах гІадада хвезабулеб?
-
-
-
|Mateo 26:9| Гьеб нахги хирияб багьаялде бичун, гьелъухъ щвараб гІарац мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан.
-
-
-
|Mateo 26:10| Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца гьезда абуна: - Щай нужеца гьей къварид гьаюлей? Дие лъикІлъи гьабулейлъидал гьей йигей.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
