-
|Mateo 1:1| Ибрагьимил наслуялъул Давудил кьибилалъул вас ГІиса МасихІил умумузул цІаразул рахас гьадинаб буго:
-
-
-
|Mateo 1:2| Ибрагьимие гьавуна ИсхІакъ, ИсхІакъие гьавуна Якъуб, Якъубие гьаруна Ягьуда ва гьесул вацал.
-
-
-
|Mateo 1:3| Ягьудае Тамарица гьаруна Перецги Зараги, Перецие гьавуна ХІецрон, ХІецроние гьавуна Рам,
-
-
-
|Mateo 1:4| Рамие гьавуна ГІаминадаб, ГІаминадабие гьавуна НахІшон, НахІшоние гьавуна Шалмон,
-
-
-
|Mateo 1:5| Шалмоние Рагьабица гьавуна БогІаз, БогІазие Рутица гьавуна Йобед, Йобедие гьавуна Йишай,
-
-
-
|Mateo 1:6| Йишаие гьавуна парччахІ Давуд. Уриял йикІарай чІужуялъ парччахІ Давудие гьавуна Сулайман;
-
-
-
|Mateo 1:7| Сулаймание гьавуна Регьобоам, Регьобоамие гьавуна Абиягь, Абиягьие гьавуна Аса;
-
-
-
|Mateo 1:8| Асае гьавуна Иегьошапат, Иегьошапатие гьавуна Иегьорам, Иегьорамие гьавуна Уззия;
-
-
-
|Mateo 1:9| Уззияе гьавуна Иотам, Иотамие гьавуна Агьаз, Агьазие гьавуна Гьезекиягь;
-
-
-
|Mateo 1:10| Гьезекиягьие гьавуна Манассегь, Манассегьие гьавуна Амос, Амосие гьавуна Иосиягь;
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
