-
|Mateo 25:1| Гьебмехалъ Зобалазул ПарччахІлъи релълъине буго бахІарасда дандчІвазе сардилъ нахул чирахъалгун бахІаралъул бакІалде арай анцІго ясалда.
-
-
-
|Mateo 25:2| Гьезул щугояй тохай йикІун йиго, щугояй цІодорай йикІун йиго.
-
-
-
|Mateo 25:3| Тохал ясаз чирахъал росун руго, чирахъазухъе тІезе нах цадахъ босун гьечІо.
-
-
-
|Mateo 25:4| ЦІодоразин абуни, пурччби цІун нахги босун буго чирахъазда цадахъ.
-
-
-
|Mateo 25:5| БахІарав кватІун вуго, гьесда дандчІвазе арал киналго ясалги гъапуллъун ккун руго, цинги кьижун ккун руго гьел.
-
-
-
|Mateo 25:6| Сордо бащалъараб мехалъ, цо ахІи бахъун буго, гьале бахІарав вачІунев вугин, гьесда дандчІвазе рахъаян.
-
-
-
|Mateo 25:7| Гьебмехалъ, тІаде рахъун, киналго ясал чирахъал рекъе-решезаризе лъугьун руго.
-
-
-
|Mateo 25:8| Тохал ясаз цІодоразда абун буго жидер чирахъазухъе тІезе нах кьейин, гьел свинехъин ругилан.
-
-
-
|Mateo 25:9| ЦІодорал ясаз гьезда абун буго, кІиязего хвараб гьабичІого, нужерго чирахъазе нах босизе нуж тукаде ун лъикІилан.
-
-
-
|Mateo 25:10| Нахуда хадур гьел араб мехалъ, бахІарав вачІун вуго. ХІадурго чІун ратаралги цадахъ рачун, бахІарав бертадул рокъове лъугьун вуго. Нахъасан нуцІаги рахан буго.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
