-
|Lucas 13:1| Гьебмехалъ ГІисахъе рачІун, цо чагІаз бицана гьесда, Пилатица Галилеялъул гІадамалги чІванин ва Мукъадасаб Рокъоб гьез къурбаналъе хъураб боцІул биялда гъорлъе гьезул биги жубазабунилан.
-
-
-
|Lucas 13:2| ГІисаца гьезда абуна: - Жидее гьединаб гІазаб кьурал чагІи Галилеялъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб?
-
-
-
|Lucas 13:3| РукІинчІилан абулеб буго дица нужеда: амма тавбу гьабичІони, нужги гьедин хвалде ина.
-
-
-
|Lucas 13:4| Яги доб Силоамалъул си биххун гъоркье ккун хварав анцІила микьго чи Иерусалималъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб?
-
-
-
|Lucas 13:5| РукІинчІилан абулеб буго дица нужеда: тавбу гьабичІони, нужги гьедин хвалде ина.
-
-
-
|Lucas 13:6| Цинги ГІисаца гьезие хабар бицана. Цо чияс ахикь инжиралъул гъветІ чІун букІун буго. ВачІун хал гьабидал гьелда тІад пихъ бижун батун гьечІо.
-
-
-
|Lucas 13:7| Гьес ахихъанасда абун буго: «Гьале лъабабго соналъ вачІунев вуго дун гьаб гъотІохъе. Цониги инжир бижун батичІо гьалда тІад. КъотІун рехе гьаб, ракь гІадада хвезе течІого».
-
-
-
|Lucas 13:8| Ахихъанас абун буго: «Я, бетІерчІахъад! Цо исаналъиялъги жибго те гьеб. Дица гьелъул рохтиялъукь ракьги гьогь гьабила, ракги бала.
-
-
-
|Lucas 13:9| ТІадеялъул бижизе бегьула гьелда тІад пихъ. Нагагь бижичІони, къотІун рехила».
-
-
-
|Lucas 13:10| Цо шамат къоялъ синагогаялъув вагІза-насихІат гьабулев вукІана ГІиса.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
