-
|Lucas 12:1| Аза-азар чи гІахьаллъарал чІахІиял руккелал гьарун рачІунел рукІана гІадамал гьеб заманалда ГІисада аскІоре. Цоцаца мерхьиналде ккун букІана гьезул иш. ГІисаца цин жиндирго муридазда абуна: - Вореха, фарисеязул реччеялдаса, ай гьезул кІигьумерчилъиялдаса цІуне нужго.
-
-
-
|Lucas 12:2| Щайгурелъул тІатинчІого цониги бахчараб жоги хутІулареб, загьирлъичІого щибниги балъгояб жоги букІунареб.
-
-
-
|Lucas 12:3| Гьединлъидал сардил бецІлъухъе нужеца абураб жо, бакъул канлъухъе къватІибе рагІун батулеб; рокъоб жаниб нужеца лъилниги гІинзукье щурараб рагІи, тІохаздасан киназдаго лъазабун батулеб.
-
-
-
|Lucas 12:4| Дица нужеда абулеб буго, дир гьудулзаби: инсанасул черх чІвазе гурони, тІокІаб щибниги гьабизе кІоларезукьа нуж хІинкъуге.
-
-
-
|Lucas 12:5| Дица малъила нужеда лъикьа хІинкъизе кколелали. Нуж хІинкъа чІван хадур нуж жужахІалъуре рехизе кІолев Аллагьасукьа. Гьеле гьесукьа хІинкъаян абила дица нужеда.
-
-
-
|Lucas 12:6| КІиго пахьул шагьиялъухъ гурищ щолеб щуго къадако? Амма гьезул цонигияб кІочон толаро Аллагьасда.
-
-
-
|Lucas 12:7| Нужер бетІералда чан рас батаниги, гьелги рикІкІунин ругел. Нуж хІинкъуге, киналго къудкуздаса хириял руго нуж.
-
-
-
|Lucas 12:8| Гьале дица нужеда абулеб буго: гІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул, Аллагьасул малаикзабазда цебе, ГІадамил Лъимацаги рахъ кквезе бугебха.
-
-
-
|Lucas 12:9| ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса, Аллагьасул малаикзабазда цебе, дицаги инкар гьабила.
-
-
-
|Lucas 12:10| ГІадамил Лъимада данде рагІи абурав бокьарав чиясдаса Аллагь тІасалъугьина, амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин букІине гьечІо.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
