-
|Lucas 13:11| КІичІван гьодилъа къуларай цо чІужугІаданги йикІана, тІаде йорхун яхъун чІезего кІоларей. Гьелъул чорхолъ бугеб хъубаб женалъ анцІила микьго соналъ чІезаюн йикІана гьей гьеб гІазабалъукь.
-
-
-
|Lucas 13:12| Гьей йихьидал, аскІое ахІун, ГІисаца гьелда абуна: - Йо, чІужугІадан! Мун дурго гІузруялдаса хвасарлъана, - ян.
-
-
-
|Lucas 13:13| Цинги гьелда тІад квер бахъана гьес. ГьебсагІатго гьелъул гьод битІун бачІана, Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана гьей.
-
-
-
|Lucas 13:14| ГІисаца шамат къоялъ гьей гІадан сахлъизе гьаюнилан ццин бахъарав синагогаялъул хІакимас гІадамаздехун вуссун абуна: - Анкьида жаниб анлъго къо буго нилъ хІалтІизе кколеб. Шамат къоялъ рачІинчІого, гьел цогидал къояз рачІа нужго сахлъизаризе.
-
-
-
|Lucas 13:15| Гьебмехалъ гьесие жавабалъе ТІадегІанав ГІисаца абуна: - Ле, нуж ххвелал гьаризе ругьунлъараб уммат! Нужеда гъорлъ вугевищ русснадаса бичун нужерго оц яги хІама шамат къоялъ гьекъезе бачунарев цониги чи?
-
-
-
|Lucas 13:16| Ибрагьимил умматалъул гьай чІужугІадан анцІила микьго соналъ юхьун чІезаюн йикІана илбисалъ. Жакъа шамат къоялъ дица гьей илбисалъул рухьадаса йичизе бегьулей йикІинчІейищ?
-
-
-
|Lucas 13:17| ГІисаца гьедин абидал, гІадамазда цере инжитлъана дол гьесда дандечІун рукІарал чагІи. Амма халкъин абуни, гьесул киналго хІикматал ишаздаса бохун букІана.
-
-
-
|Lucas 13:18| ГІисаца гьезда абуна: - Аллагьасул ПарччахІлъи сунда релълъунеб ва дица гьеб сунда данде кквезе бегьулеб?
-
-
-
|Lucas 13:19| Гьеб релълъуна горчицаялъул хьодул гьитІинаб мугьалда. Инсанас гьеб хьодул мугь ахикь чІана, гьелдасан кІудияб хъарахъ бижана, гьелъул гІаркьалабазул рагІдукь хІанчІаз бусабиги гьаруна.
-
-
-
|Lucas 13:20| Нахъеги гьес абуна: - Цоги сунда данде кквелеб дица Аллагьасул ПарччахІлъи?
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
