-
|Hebreos 9:1| ТІоцебесеб КъотІиялда рихьизарун рукІана Аллагьасе хъулухъ гьабизе ккеялъул бицунел амруял ва гьеб хъулухъ гьабиялъе ракьалда гІадамаз бараб бакІги.
-
-
-
|Hebreos 9:2| КъватІисебилан цІар лъураб чадирги чІван букІана. Чадиралъур рукІана чирахъги, столги, мукъадасаб чедги. Гьелда абулаан Мукъадасаб БакІилан.
-
-
-
|Hebreos 9:3| КІиабилеб пардавалда нахъа букІана Бищунго Мукъадасаб БакІилан цІар лъураб чадир.
-
-
-
|Hebreos 9:4| Гьениб жаниб букІана махІгьуинаб нахул кьеккен тІад гьабулеб меседил стол ва КъотІиялъул гъамас. Гьебги тІубанго меседалъ бацараб букІана. Гъансиниб букІана зобалаздасан рещтІараб нигІмат жаниб бугеб меседил гІорто, гъотІода тІад гІадин гІурччинаб тІамах бараб Гьарунил гІанса ва Аллагьасул амраби тІад хъвараб кІиго ганчІил къоноги.
-
-
-
|Hebreos 9:5| Гъансида тІад лъун рукІана Аллагьасул Нур гьениб букІиналъул гІаламатлъун кколел куркьбал ругел жанаваразул суратал. ГІадамазул мунагьал чуризе хъолеб къурбаналъул би тІаде чвахулеб бакІалда тІад рукІана гьезул куркьбал. Амма гьеб киналъулго хІакъалъулъ гьаниб мухІканго бицинчІониги гІела.
-
-
-
|Hebreos 9:6| Гьедин гьабун букІана гьениб кинабго. Кашишзаби щибаб къоялъ къватІисеб чадиралъуре лъугьуна жидедаго тІадал ишал тІуразаризе.
-
-
-
|Hebreos 9:7| Амма цохІо бищунго кІудияв кашиш лъагІалида жаниб цо нухалъ лъугьуна жанисеб чадиралъуве. Гьес гьенибе босула жиндирго мунагьал чуризе ва жидерго жагьиллъиялдалъун халкъалъ гьарурал мунагьал чуризеги Аллагьасе къурбанлъун бугеб би.
-
-
-
|Hebreos 9:8| Гьеб киналдалъунго Илагьияб РухІалъ нилъеда бихьизабулеб буго, гьеб къватІисеб Чадир бугебгІан заманаялъ, Бищунго Мукъадасаб БакІалде нилъее нуцІа къан букІин.
-
-
-
|Hebreos 9:9| Гьале гьанже бугеб заманалъул рахъалъ гьабураб ишарайин гьеб. Гьелъул магІнаги ккола Аллагьасе гьарурал сайигъатазги хІайванал къурбаналъе хъвеялъги гьеб къурбан жинца гьабурав чиясул намус бацІцІалъуларин ва гьев камиллъизавизе кІоларин абураб.
-
-
-
|Hebreos 9:10| Гьеб буго кванаялда, гьекъеялда ва чвердон черх бацІцІад гьабиялда хурхараб гІадат. Гьеб буго инсанасул рекІеда хъатІулареб амру. Аллагьас гьеб амруги гьабуна цІияб тІаде кьезегІан заманаялъе.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
