-
|Hebreos 1:1| Цебе заманалда чанго нухалъ ва батІи-батІияб къагІидаялъ кІалъана Аллагь нилъер умумуздехун жиндирго аварагзабиги ритІун.
-
-
-
|Hebreos 1:2| Гьаб дуниялалъул ахир гІагарлъараб заманалдайин абуни, гьев нилъедехун кІалъана жиндирго васги витІун. Васасе щвезе буго Аллагьас бижанщинаб, гьесдалъун бижана дуниял-гІалам.
-
-
-
|Hebreos 1:3| Васасулъ загьирлъула Аллагьасул Нур. ГІицІго гьев васасулъ буго Аллагь гІадамазда вихьизавизе кІолеб сипат-сурат. Васасул къудратаб рагІиялъ ккун буго тІолабго дуниял-гІалам. ГІадамазул мунагьалги чуризарун, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана гьев зобалазда.
-
-
-
|Hebreos 1:4| Малаикзабазулаздаса кигІан тІадегІанаб цІар Аллагьас гьесие кьураб батаниги, гьебго даражаялда малаикзабаздаса тІадегІанлъизавуна гьес жиндирго вас.
-
-
-
|Hebreos 1:5| Цониги малаикасда абурабищ Аллагьас: «Мун дир Вас вуго. Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», - ян? Цониги малаикасул хІакъалъулъ абичІо Аллагьас: «Дун гьасул Эменлъун лъугьина, Гьавги дир Васлъун лъугьина», - ян.
-
-
-
|Hebreos 1:6| Жиндирго тІоцеве гьавурав Вас ракьалде витІулеб мехалъ, гьес абуна: «Аллагьасул киналго малаикзабаз гьасие сужда гьабизе буго», - ян.
-
-
-
|Hebreos 1:7| Малаикзабазул хІакъалъулъ абун буго: «Аллагьас рижарал малаикзаби гьурал гІадинал руго, гьесул рагьтІателалги цІадул мацІал гІадинал руго».
-
-
-
|Hebreos 1:8| Васасул хІакъалъулъ абун буго: «Абадул-абадиялъго букІина дур парччахІлъи!» Цогиги: «РитІухъаб ханлъи гьабила, я БетІергьан, дуца дурго халкъалъе.
-
-
-
|Hebreos 1:9| РитІухълъи дуе хирияб буго, квешлъи дуе цІакъ рихараб буго. Гьединлъидалин, я дир ПарччахІ, дур Аллагьас мун тІаса вищарав, парччахІлъун вукІинеги мустахІикълъарав. Дур гьалмагъзабазеялдаса цІикІкІараб рохелги хІурматги насиблъана дуе».
-
-
-
|Hebreos 1:10| Цоги абун буго: «Дуца тІоцебе ракь бижана, я БетІергьан, Дуца зобалги рижана.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
