-
|Hebreos 8:1| Гьале нижее гьанже абизе бокьараб жо: Къудратав Аллагьасул тахалъул кваранаб рахъалда зобалазда гІодов чІарав бищунго кІудияв кашиш вуго нилъер.
-
-
-
|Hebreos 8:2| Бищунго кІудияв кашишас гІадин, ГІисаца хъулухъ гьабулеб буго, инсанас гуреб, БетІергьанас чІвараб унго-унгояб чадиралъуб бугеб Мукъадасаб бакІалда.
-
-
-
|Hebreos 8:3| Бищунго кІудияв кашиш тІамула Аллагьасе къурбаналги сайигъаталги гьаризе. Нилъер бищунго кІудияв кашишасги гьединго цо щибниги жо къурбанлъун гьабизе кколеб букІана.
-
-
-
|Hebreos 8:4| Гьев ракьалда вукІаравани, кашишлъунцин вукІинароан. Ракьалда ругелъул Къануналда рекъон Аллагьасе къурбанал гьарулел кашишзаби.
-
-
-
|Hebreos 8:5| Гьез жаниб хъулухъ гьабулеб чадир ккола зобалазда бугеб мукъадасаб чадиралъул рагІадлъунги суратлъунги. Гьединго ккана Мусалги: Мусаца мукъадасаб чадир чІвазе кколеб букІараб мехалда, Аллагьас гьесда абуна: «Доба магІарда дуда бихьизабун букІараб зобалазул чадиралъул сураталда рекъон гьабе кинабго».
-
-
-
|Hebreos 8:6| Гьале гьанже ГІисае щвана кашишлъиялъул хъулухъ, - цере рукІарал кашишзабазулалдаса гІемерго тІадегІанаб. Гьединго тІадегІанаб буго Аллагьасдаги гьесул халкъалдаги гьоркьоб ГІисадалъун лъугьараб КъотІи. ЛъикІабщиналъе кьураб рагІул кьучІалда гьабураб бугелъул, цІакъго лъикІаб КъотІи буго гьеб.
-
-
-
|Hebreos 8:7| Доб тІоцебесеб къотІи камилаб букІарабани, кІиабизеги къотІи гьабизе ккелароан.
-
-
-
|Hebreos 8:8| ГІадамазда гІайиб чІвазе гІилла ккедал, Аллагьас гьадин абуна: «ТІаде щолеб буго, - ян абулеб буго БетІергьанас, - Исраилил халкъалъулгун ва Ягьудал халкъалъулгун дица цІияб къотІи гьабулеб заман.
-
-
-
|Hebreos 8:9| Доб къоялъ, квер ккун рачун, Мисриялдаса къватІире лъугьинарулаго, гьезул умумузулгун дица гьабун букІаралда релълъараб букІинаро гьеб КъотІи. Гьабураб КъотІиялъе ритІухълъи цІуничІелъул, дица гьел рехун тана», - ян абулеб буго Аллагьас.
-
-
-
|Hebreos 8:10| «Гьале дица Исраилил халкъалъулгун хадусеб заманалъе КъотІи гьабулеб буго, - ян абулеб буго БетІергьанас. Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракІазда хъвала дица гьел. Дун вукІина гьезул Аллагьлъун, Гьел рукІина дир халкълъун.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
