-
|Hebreos 9:21| Мусаца гьединго бидул тІираби щвезаруна КъотІиялъул Чадиралде ва Аллагьасе хъулухъ гьабиялъе хІалтІизарулел киналго тІагІелаздеги.
-
-
-
|Hebreos 9:22| Къануналда рекъон, дагьал жал хутІизегІан, биялъ бацІцІалъула кинабгоги хъублъарабщинаб, би гІодобе тІечІони, мунагьаздасаги рацІцІалъуларо!
-
-
-
|Hebreos 9:23| Гьедин рацІцІалъизаризе кколел рукІана зобалазда ругезул гІицІго сипат-суратлъун кколел гьел жал. Амма зобалазда ругезе къваригІуна гІемерго лъикІаб къурбан.
-
-
-
|Hebreos 9:24| ГІадамаз гьабураб Мукъадасаб бакІалда жаниве гуро МасихІ лъугьарав. Гьебги буго унго-унгояб Мукъадасаб бакІалъул сипат-суратлъун. Гьев лъугьана жалго зобалазда жаниве, доба Аллагьасда цебе нилъее шапагІат тІалаб гьабизе.
-
-
-
|Hebreos 9:25| Жиндирго гуреб биги босун щибаб соналъ лъугьуна бищунго кІудияв кашиш Бищунго Мукъадасаб бакІалда жаниве. Амма МасихІица живго цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна.
-
-
-
|Hebreos 9:26| Гьедин букІинчІебани, гьаб дуниял бижаралдаса нахъего, живго къурбанлъун гьавун, МасихІица чанги нухалъ хІехьезе ккелаан гІазаб-гІакъуба. Гьанже, гьаб дуниял ахирлъулеб бугеб заманалда, гьев цохІо нухалъ вачІана, киназего гІоло живго къурбанлъун гьавун, гьезул мунагьал чуризе.
-
-
-
|Hebreos 9:27| Кинавго чиясе къадар хъван буго цохІо нухалъ хвезе, гьелдаса хадуб гьесие Аллагьас судги гьабула.
-
-
-
|Hebreos 9:28| Гьединго МасихІицаги цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна живго, гІемеразул мунагьал чуризелъун. ГІадамал мунагьаздаса рацІцІад гьаризе гуро гьев кІиабизе вачІунев, жив вачІиналъухъ ралагьун чІарал чагІи хвасар гьаризейин.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
