-
|Lucas 7:41| ГІисаца бицана: - Къарзалъ гІадамазухъе гІарац кьолев цо чиясул вукІун вуго кІиго налъулав. Цояс гьесие кьезе букІун буго щунусго динар, цогидас - кІикъоялда анцІго динар.
-
-
-
|Lucas 7:42| Налъи бецІизе гьезул рес гьечІолъи бихьун, кІиясего хІалал гьабун тун буго гьес. Гьанже дуца бице дида: кинасе гьев цІикІкІун вокьилев?
-
-
-
|Lucas 7:43| Симоница жаваб гьабуна: - Дида ракІалде ккола, цІикІкІун гІарац нахъе кьезе букІарасе цІикІкІун вокьилин абун. ГІисаца абуна: - БитІун ракІалде ккун буго дуда.
-
-
-
|Lucas 7:44| Цинги гъой чІужугІаданалдехун вуссун, гьес Симонида гьикъана: - Дуда йихьулищ гьай гІадан? Дун дур рокъове лъугьараб мехалъ дир хІатІал чуризе лъим кьечІо дуца. Гьалъ жиндирго магІица чурана дир хІатІал, жиндирго ботІрол расуца ракъвазеги гьаруна гьел.
-
-
-
|Lucas 7:45| Саламалъул убач гьабичІо дуца дида, гьалъин абуни дун гьаниве вачІаралдаса нахъего убачазул цІезарулел руго дир хІатІал.
-
-
-
|Lucas 7:46| Салам гьабун нах бахинчІо дуца дир бетІералда, гьалъин абуни дир хІатІазда бахунеб буго бищунго махІгьуинаб нах.
-
-
-
|Lucas 7:47| Гьединлъидал дица дуда абулеб буго: гьелъул мунагьал цІикІкІун чуридалин гьелъие дун цІикІкІун вокьулев вугев. Мунагьал дагь чурулесе дагь гурони вокьуларо.
-
-
-
|Lucas 7:48| Дой гІадамалда гьес абуна: - Мун мунагьаздаса яцІцІалъана, - ян.
-
-
-
|Lucas 7:49| Цадахъ кваналел рукІаразда ракІалде ккана: - Гьавго щив, гІадамал мунагьаздасацин рацІцІад гьаризе кІолев, чи?
-
-
-
|Lucas 7:50| ГІисаца дой гІадамалда абуна: - Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна мун. Гьанже а дурго.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
