-
|Juan 6:1| Цо заманаялдасан ГІиса Галилеялъул (Тибериадаялъул) ралъдал добцояб рахъалде ана.
-
-
-
|Juan 6:2| ГІемераб халкъ бачІана гьесда хадуб гьенибеги, унтарал сахлъизарун гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал рихьулел рукІиндал.
-
-
-
|Juan 6:3| ГІиса цо магІарде вахана ва жиндирго муридазда цадахъ гьенив чІана.
-
-
-
|Juan 6:4| ЖугьутІазул Пасхаялъул байрам тІаде щолеб букІана.
-
-
-
|Juan 6:5| Сверухъ валагьидал, гІемераб халкъ жинда аскІобе бачІунеб бихьун, ГІисаца Филиппида гьикъана гьавгощинав чи кваназавизе чед кисадай нилъеца босилебан.
-
-
-
|Juan 6:6| (Филиппил хІалбихьизе гьикъана ГІисаца гьедин. Гьесда лъалеб букІана щиб гьабилебали.)
-
-
-
|Juan 6:7| Филиппица абуна кІинусго динаралде босараб чедгицин гІеларин гьал гІадамал кваназаризе, кигІан гьитІинаб мочІу кьуниги.
-
-
-
|Juan 6:8| Симон Пётрил вац Андрейица абуна ГІисада
-
-
-
|Juan 6:9| гьаниб цо васасухъ бугин пурчІинадул ханждал щуго чедги кІиго гьитІинабго ччугІаги, амма гьаб халкъалъе гьеб кисайин гІелебилан.
-
-
-
|Juan 6:10| ГІисаца абуна гьел киналго гІодор чІезарейилан. ЦІакъ хер керчаб бакІ букІана гьеб. Гьенир харда тІад гІодор чІана щуазаргогІанасев бихьинчи.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
