-
|Juan 10:1| ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нуцІихъан гурони, цогидаб бакІалдасан гІиял чолониве лъугьарав чи ккола цІогьор яги хъачагъ.
-
-
-
|Juan 10:2| НуцІихъан вачІуна гьезул вехь.
-
-
-
|Juan 10:3| ВорчІухъанас гьесие нуцІа ричІула, чахъабазда гьесул гьаракь рагІула. Цо-цоккун щибалъул цІарги ахІун, вехьас чахъаби чолониса къватІире риччала.
-
-
-
|Juan 10:4| Жиндирго киналго чахъаби къватІире риччараб мехалъ, вехь рехъада цеве вилълъуна, чахъабиги гьесда хадур уна, гьезда гьесул гьаракь лъалелъул.
-
-
-
|Juan 10:5| Амма цогидав чиясда хадуб унаро рехъен, гьесда аскІоса лъутула чахъаби, чияр гьаракь гьезда лъаларелъул.
-
-
-
|Juan 10:6| Гьеб мисал бачун, ГІисаца сундул хІакъалъулъ бицунеб бугебали бичІчІичІо гьезда.
-
-
-
|Juan 10:7| ГІисаца цоги абуна: - ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дун вуго чахъабазул чолол кІалтІа бугеб нуцІа.
-
-
-
|Juan 10:8| Дун вачІиналде рукІарал киналго руго цІогьалги хъачагъалги. Гьединлъидал чахъаби гьезухъ гІенеккичІо.
-
-
-
|Juan 10:9| Дун вуго нуцІа. Гьеб нуцІа рагьаравщинав хвасарлъила, жанивеги ина, къватІивеги вачІина, квине жоги щвела.
-
-
-
|Juan 10:10| ЦІогьор вачІунаро - бикъизе, чІвазе, хвезабизе гурони. Дун вачІун вуго гІумру кьезе, гьарзаяб гІумру кьезе.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
