Judas


  • |Judas 1:1| ГІиса МасихІил лагъ ва Якъубил вац Ягьудал рахъалдасан Аллагьас тІаса рищаразде, Эмен - Аллагьасе рокьулезде ва ГІиса МасихІица цІунун ругезде салам.

  • |Judas 1:2| Рекъелги, рокьиги ва Аллагьасул цІобги цІикІкІаги нужее.

  • |Judas 1:3| Дица хІаракат бахъана, дир хириял, нилъее насиблъараб хвасарлъиялъул хІакъалъулъ хъвазе. Гьаб кагъат хъвачІого рес букІинчІо, цохІо нухалъ Аллагьасул халкъалъе кьураб дин цІунун цІидасан къеркьейилан гьаризе кколеб бугелъул.

  • |Judas 1:4| Аллагьас суд гьабизе жидее къадар бугел цо-цо мунапикъзаби рорчІун руго нилъеда гьоркьоре. Аллагьас цІоб лъеялъул Рохалил хабар гьез хисизабулеб буго, жидерго пасалъи ритІухъ гьабизе. Гьез инкар гьабулеб буго ГІиса МасихІидаса - цохІо вугев нилъер ТІадегІанав ПарччахІасдаса.

  • |Judas 1:5| Нужеда гьеб кинабго лъалеб бугониги, дие бокьун буго нужеда ракІалде щвезабизе Мисриялда букІараб ГІизраилалъул халкъ Аллагьас цо нухалъ хвасар гьабунин. Цинги жинда божичІелщинал хвезарула гьес.

  • |Judas 1:6| Жидее цІан букІараб хІуччдаса церехун арал ва жалго руссараб бакІги рехун тарал малаикзаби гьес абадиял рахсаца рухьун гъора бецІлъуда чІезарун руго, гьезие суд гьабулеб кІудияб къо бачІинегІан.

  • |Judas 1:7| Нужеца ракІалде щвезабе Содомги Гоморраги ва гьезда сверухъ рукІарал шагьаралги: гьезги хъахІбалъи гьабуна, гІадаталдаса бахъараб къагІидаялъ цогидаб хъублъиги гьабуна. Цогидазеги дарслъун букІине, гьезие тамихІлъун лъугьана абадияб цІа.

  • |Judas 1:8| Доздаго релълъун гьел мунапикъзабазги жалго хъублъизарулел руго, гьелъие изну Аллагьасдасан рещтІаниланги абун. Аллагьасул амруги рикІкІунеб гьечІо гьез, малаикзабиги какулел руго.

  • |Judas 1:9| ТІадегІанав малаик МикагІилги илбисги Муса аварагасул жаназа сабаблъун дагІбадизе ккараб мехалъ, илбисалда гІайиб чІван квешаб рагІи абичІо гьес, «БетІергьанас чІезабилин мунилан» гурони.

  • |Judas 1:10| Гьел гІадамазин абуни жидедаго бичІчІулареб-лъалареб жо какулеб буго. МацІ лъалареб хІайваналъул гІадаб гІакълуялдалъун жидедаго бичІчІулеб бугелъ ахирги хвалде рачина гьел.


COOKIES

Usamos cookies para brindarle una mejor experiencia, mejorar el rendimiento, analizar cómo interactúa en nuestro sitio web y personalizar el contenido. Al utilizar este sitio web, acepta el uso de cookies.

Datos Esenciales

Se necesitan datos esenciales para ejecutar el sitio web que está visitando. No puede deshabilitarlos.