-
|Judas 1:11| Балагьги гІазабги гьезие! Къабилил нухдасан унел руго гьел. Жидерго хъантІиялъ БилгІамил гъалатІалда нахърилълъунел руго. КъорахІил гІадинаб питнаялъ хвезарулел руго.
-
-
-
|Judas 1:12| Аллагьасе тІагІатги гьабун цадахъ кваназе нуж гІодор чІараб бакІ, намус гьечІого ханчІон, хъублъизабула гьез. Гьел руго жидерго гурони агъаз гьечІел, гьороца хъамун ун, цІадае данделъуларел накІкІал гІадин, хасалихъе тІамах гъарал, тІад пихъги бижуларел, кьалбалги ракъварал гъутІби гІадинал ва кІицІулго хварал гІадинал гІадамал.
-
-
-
|Judas 1:13| Гьел релълъуна гьалаглъараб ралъдада жидер инжитлъиялъул полоп тІад барал карачалабазда, абадияб бецІлъуде рехизе хІукму жидее хІадурун бугел, низам гьечІого хьвадулел цІвабзазда.
-
-
-
|Judas 1:14| Адамил анкьабилеб кьералдасан вахъарав Энохица цебеккунго гьезул хІакъалъулъин бицунеб букІараб: «Гьале, БетІергьан вачІунев вуго аза-азар малаикзабигун цадахъ
-
-
-
|Judas 1:15| киназего суд гьабизе. ВачІунев вуго Аллагьасде гІасилъун гьез гьарурал киналго гІасиял ишазухъ ва дандечІун абурал киналго гІасиял рагІабазухъ гьезул щивав чиясе тамихІ гьабизе».
-
-
-
|Judas 1:16| Цогидал какун кидаго зигардулел рукІуна гьел, чорхол гьаваялъ малъухъе хьвадула, гІадамазда цере чІухІдарула ва, жидерго мурадалде щвезе, бадибе рецц гьабула.
-
-
-
|Judas 1:17| Нужеца, дир хириял, ракІалде щвезабе хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил чапарзабаз щиб бицунеб букІарабали.
-
-
-
|Judas 1:18| Гьез нужеда абулеб букІинчІищ ахирзаманалда рахъине ругин намус гьечІел ва Аллагьасде гІасиял жидерго къасдазда хадур унел гІадамал?
-
-
-
|Judas 1:19| Гьел руго жидеца рикьи ккезабулел, мунагьаб напсалъе мутІигІлъулел ва Илагьияб РухІ жиделъ гьечІел гІадамал.
-
-
-
|Judas 1:20| Нуж, дир хириял, щулаго чІа, нилъер бацІцІадаб динги цІунун. Илагьияб РухІалдалъун гьари-дугІа гьабе.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
