-
|1 Tesalonicenses 4:1| Ахиралдаги, вацал, нижедасан ругьунлъараб къагІидаялъ, гьанжелъизегІан хьвадаралго гІадин, гьанжеялдаса хадурги нуж Аллагь разилъиледухъ дагьалги лъикІ хьвадейилан ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьарулеб буго нижеца нужеда.
-
-
-
|1 Tesalonicenses 4:2| Нужеда лъала ТІадегІанав ГІисал амруялдалъун нижеца нужеда малъарабщинаб:
-
-
-
|1 Tesalonicenses 4:3| Аллагьасе бокьун буго нуж рацІцІадго хьвадизе,
-
-
-
|1 Tesalonicenses 4:4| нужер щивав чияс чІужуялдехун ракІбацІцІалъиги намусги цІунизе,
-
-
-
|1 Tesalonicenses 4:5| Аллагь лъалареб халкъалъ гІадин, гьаваялда нахърилълъун, хъахІбалъи гьабунгутІизе.
-
-
-
|1 Tesalonicenses 4:6| Гьеб ишалъулъ диналъул вац гуккизе ва гьесие квешлъи гьабизе бегьуларо. Гьеб киналъухъго Аллагьас тамихІ-жаза гьабула. Гьелъул хІакъалъулъ нижеца нужеда гьенибги бицун букІана ва гьеб тІубачІого бегьуларилан лъазабунги букІана.
-
-
-
|1 Tesalonicenses 4:7| Аллагьас нилъ тІаса рищана, хъублъиги рехун тун, рацІцІадго хьвадизе.
-
-
-
|1 Tesalonicenses 4:8| Гьедин хьвадиларилан чІарав чияс инсанасдасан бачІаралде гуро мугъ рехулеб бугеб, нужеде Илагьияб рухІ рещтІинабурав Аллагьасдасан бачІаралдейин.
-
-
-
|1 Tesalonicenses 4:9| Нужерго диналъул вацал рокьейилан дица нужехъе хъвазе ккеларо, Аллагьас малъун нужеда лъалеб бугелъул нужго цоцазе рокьизе.
-
-
-
|1 Tesalonicenses 4:10| ТІолабго Македониялда ругел вацал рокьулелъулха нужее. Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, дагьалги цІикІкІун цоцазе рокьейилан.
-
-
Portugués
Italiano
Español
Inglés
Francés
Arábica
Mandarín
Hindi
Alemán
МагӀарул мацӀ
